Гьезие жавабалъе ЯхІяца абуна: – Зобалаздасан кьун гьечІони, инсанасе щибниги щоларо.
Чапарлъиялъул баркат насиблъарав чи вугелъул, нужер щивасда абулеб буго, кколелдаса цІикІкІун кІодо гьаруге нужго нужецаго. ЧІухІдаруге нуж. Аллагьас нужер щивасе кьураб божи-иманалъул роцада рекъон цІодорго гурони рехсоге нужерго цІар.
Аллагьас нилъее кьураб батІи-батІияб баркатаб гьунаралда рекъон, щивасул буго жиндирго иш. Аллагьасул амруялъул бицине гьунар бугес гьеб гьабе, жиндир божи-иманалъ насиблъизабураб ресалда рекъон.
Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна.
Чияр хинкІ-чедалде ккун рукІинчІо ниж гьенир, къаси-къад чІечІого хІалтІана нужер лъиданиги раччун рукІинарилан.