Аллагьасул ПарччахІлъи кида букІине бугебилан фарисеяз гьикъидал, ГІисаца абуна:
Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, –
Нижер Рохалил хабар, рагІабаздалъун гуребги, Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги нужехъе щведал ва гьеб кинабго хІакъаб-кьучІаб бугелъул, нижеда лъала, вацал, Аллагьасе нуж рокьулеллъиги гьес нуж тІаса рищун рукІинги. Нужеда лъала нужее лъикІлъиялъе ниж гьенир кин хІалтІаралали.