Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нилъеде МасихІил бугеб рокьи тІезабизе сунда кІвелеб? Балагьалдайищ? ГІазабалдайищ? ГІадамаздасан бачІунеб къварилъиялдайищ? Ракъиялдайищ? ГІицІлъиялдайищ? ХІинкъи букІиналдайищ? Хвалчадайищ?.. МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана. ЖугьутІаздасан дие щуцІулниги насиблъана лъебералда ичІ-ичІ нухалъ гьодилъ цІал кьаби. Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи... ЗахІматаб хІалтІи, макьу гьечІел гІемерал сардал, ракъи-къеч, гІемераб заманаялъ ккураб кІал, квач ва хохораб ретІел...
Выбор основного перевода