Аллагьасин нуж нилъее гІакъиллъилъун лъугьарав МасихІ ГІисагун цолъизарурал. МасихІица нилъ ритІухълъизаруна, рацІцІалъизаруна, тархъанлъизаруна.
Я дир лъимал, лъимер гьабизе хІара чІварай эбел гІадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутІила МасихІил сипат нужелъе лъугьинегІан.
Дир васлъун кколев Онесимил рахъалъ гьарулеб буго дица дуда. Рахсаз вухь-вухьун вугеб мехалъ дун гьесул эменлъун лъугьана.