Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила. Жанир гІадамал чІолел чадрал гьарун бетІербахъарал чагІи ратана гьел рос-лъади. Гьебго махщелалъул чи Павелги вукІиндал, гьезда цадахъ хІалтІизе лъугьана гьавги. Нилъеде МасихІил бугеб рокьи тІезабизе сунда кІвелеб? Балагьалдайищ? ГІазабалдайищ? ГІадамаздасан бачІунеб къварилъиялдайищ? Ракъиялдайищ? ГІицІлъиялдайищ? ХІинкъи букІиналдайищ? Хвалчадайищ?.. Нужее гІазаб-гІакъуба кьолесдаги баркат лъегиян абе. НагІана кьечІого, баркат лъегиян абе! Гьединго ТІадегІанасги бихьизабун буго Рохалил хабар лъазабулезги гьелдасан бетІербахъеян. Гьединаб цониги ихтияралдаса цониги нухалъ пайда босичІо дица. Гьанжеги дица нужехъе гьеб тІалаб гьабун гуро хъвалеб бугеб. Дунго чІухІизе бегьулелдаса махІрумлъизегІан хвезе бокьила. Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна. Чияр хинкІ-чедалде ккун рукІинчІо ниж гьенир, къаси-къад чІечІого хІалтІана нужер лъиданиги раччун рукІинарилан.
Выбор основного перевода