6
Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе.
Чапарлъиялъул баркат насиблъарав чи вугелъул, нужер щивасда абулеб буго, кколелдаса цІикІкІун кІодо гьаруге нужго нужецаго. ЧІухІдаруге нуж. Аллагьас нужер щивасе кьураб божи-иманалъул роцада рекъон цІодорго гурони рехсоге нужерго цІар.
«Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» – щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца.
ТІухьдузда хъван бугелъул: «ГІакъилазул гІакъиллъиги къинабилеб Дица, ЦІодоразул цІодорлъиги яризабилеб Дица».