Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ТІухьдузда хъван буго: «Мун сабаблъун ниж щибаб къоялъ хвалил бадире ралагьун руго. Мун сабаблъун ниж рикІкІунел руго хъвезе рачун унел чахъабилъун». Щибаб къоялъ хвалил хІинкъи буго, вацал, дие. Нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисада цебе нужедаса бугеб чІухІиялхІагийилан гьедизе кІвела гьедин бугилан. МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана. Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб.
Выбор основного перевода