Жидеца гьабурабщиналда – жундузе гІибадат гьабиялда, ва меседил, гІарцул, мазгарул, ганчІил, цІулал гьарурал, жидеда я щибниги бихьуларел, я щибниги рагІуларел, я хьвадизе кІоларел гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабиялда – рекІекълъичІо гьел балагьал рещтІиндал хвечІого хутІарал цогидал гІадамал, ва кингоги тавбу гьабичІо гьез.
Я жидеца гІадамал чІваялда, я сихІру гьабиялда, я хъахІбалъи гьабиялда, яги цІогь гьабиялда рекІекълъичІо гьел, тавбуги гьабичІо гьез.