КьагІрица лъабабилеб мугьру тІезабуна. Лъабабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго чІегІераб чу. Гьелда рекІарасда кодор цІадираби руго.
Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа – цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги – цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге».