Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КьагІрица щуабилеб мугьру тІезабуна. Къурбан хъолеб бакІалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагІи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугІлъи сабаблъунги чІваразул рухІал. Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?» Гьезул щивасе кьун букІана хъахІаб ретІел ва гьезда абулебги букІана нуж цодагьаб мехалъ чІайин, – нужго гІадин чІвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тІаде журан, гІураб къадар ккезегІан чІайин.
Выбор основного перевода