Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас.
Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!»