Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим. Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда. Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас. Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, – ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ.
Выбор основного перевода