Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Доб тахалдасан пири пирхулеб букІана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагІулеб букІана. Тахалда цебе рекІун букІана анкьго чирахъ – Аллагьасул анкьго кІудияв малаик. Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана. Халкъазул дуде ццин бахъиндал, дурги ццин гьалаглъана. Хваразеги суд гьабизе заман щун буго: дур лагъзадерие – аварагзабазе ва киналго дур цІаралъукьа хІинкъулезе – гІисиназеги чІахІиязеги – кириги хъвазе, ракьалде балагь бачІинабуразде балагьги рещтІинабизе». Гьебмехалда зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІа загьирлъана ва гьениб жаниб бихьулеб букІана къотІиялъул гъамас. Ва пири пирхизе лъугьана, хъуй бахъана, зоб гъугъадана, ракь багъарана ва ракьалде гІемераб горо-цІер бана.
Выбор основного перевода