Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана гІадамал. Гьез цоцазда гьикъулеб букІана: – Гьабго щиб хІикмат? ЦІияб гІелмуцинищ гьаб? Хъубал жундузецин амру гьабизе кІолеб къудрат кинаб, гьесул амруялъе мутІигІлъулел жундулги кинал?
АнцІила кІиявго чапарги ахІун, унта-щокъалги жундуз ккуралги сахлъизаризе къуватги ихтиярги кьуна гьезие ГІисаца.