ГІадамал къватІире ритІидал, гьей ясалда аскІовеги ун, ГІисаца гьелъул квер ккуна, – яс тІаде яхъун ячІана.
ГІисада цадахъ рукІана гьес сахлъизарурал ва жундуздаса рацІцІад гьарурал руччаби: жиндир чорхолъа гьес анкьго илбис бачахъарай Магдалина абураб тІокІцІар бугей Марямги,
Гьеродил рукъалъул иш тІадкъарав Хуза абулев чиясул лъади Иоаннаги, Сусаннаги ва цогидалги, жидер боцІи-рикъзиялдасан кумек гьабун, гьезие хъулухъалъе чІун рукІарал руччаби.
Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун.