Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Канлъи бихьун, берал рагьун рачІана гьезул. Воре, лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. Жиндир хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейиланги лъазабулаан. Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан. ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна. Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан. Гьел рихьараб мехалъ, ГІисаца абуна: – Рахъа нуж гьанже кашишзабазухъе а ва нужго рацІцІалъун рукІин бихьизабе. Гьениса унаго гьезул чурхдул барасалдаса рацІцІалъана.
Выбор основного перевода