Гьебмехалъ ГІисаца гьелда абуна: – Я, чІужугІадан! Кутакаб божи-иман буго дур рекІелъ. РекІел мурад тІубайги дур! ГьебсагІат сахлъана гьей гІаданалъул яс.
ХІикмалъун вукІана ГІиса гьел божунгутІиялда. Цинги гьев хьвадана сверухъ ругел росабалъе, гьенибги халкъалда Рохалил хабар бицине.