Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна: – ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун. ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан. Рокъове щведал, кІиявго бецав чи вачІана гьесда аскІове. ГІисаца гьезда гьикъана: – Нужеца гьарараб жо дида гьабизе кІвеялда божулищ нуж? – ан. – Божула, БетІерчІахъад, – абун жаваб кьуна гьез. – Нуж божараб жо лъугьаги нужее, – янги абун, гьезул беразда квер хъвана ГІисаца. Гьебмехалъ ГІисаца гьелда абуна: – Я, чІужугІадан! Кутакаб божи-иман буго дур рекІелъ. РекІел мурад тІубайги дур! ГьебсагІат сахлъана гьей гІаданалъул яс. ГІисаца дой гІадамалда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго. Гьес гьелда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго! Гьеб рагІидал, ГІисаца ясалъул инсуда абуна: – Мун хІинкъуге, божун вукІа. Дур яс сахлъила, – ян. Кида гьев сахлъаравилан гьас гьикъидал, рагьтІателаз абуна къалъудаса сагІат араб мехалъ васасул цІа-кан бичанилан.
Выбор основного перевода