Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а. – Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун! ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали. Гьебмехалъ гІемерисезул чорхолъа жундул нахъе унел рукІана: «Мун Аллагьасул вас вуго!» – янги ахІулаго. Гьезда лъалеб букІиндал ГІиса МасихІ вугевлъи, гьез гьеб бицунгутІизейин ГІисаца гьел руцІцІун чІезарулел рукІарал. Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи! ГІисаца гьелда абуна: – Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури. РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана. Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана. Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире.
Выбор основного перевода