Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Магдалаялдаса Марямги, Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Зебедайил васазул эбелги. Шамат къо индал, анкьил тІоцебесеб къоялъул рогьалилъ, ГІисал хабаде рахине рачІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги. Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги. Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун. Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги – гьезин бицараб гьеб чапарзабазда. ГІисал хъанчида цере рахъун чІун рукІана гьесул эбелги, гьесул эбелалъул яцги, Клеопал чІужу Марямги, Магдалаялдаса Марямги.
Выбор основного перевода