ГІиса вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас гьесда абуна: – ХІакъав Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дица дуда: Аллагьасул Вас МасихІ мун ватани, вугилан абе нижеда.
Цо рагІи абунцин ГІисаца жаваб кьечІелъул, сардар цІакъ гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.
Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо.
ГІисаги вачун, кІалгІаялъуве лъугьун, гьикъана гьесда: – Мун киса? – ян. ГІисаца жаваб кьечІо.