Цинги гьел ГІисал бадире тударизе, гьев вухизе лъугьана.
Гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, цІалаца вухила, цинги чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина гьев.
Рахъун цо-цоял гьесде тударулел рукІана. Беразда чІортоги бухьун, кьабулеб букІана гьесда: – Ле, авараг, лъица кьабурабали бице! – янги абулаго. Цинги рагъухъабиги лъугьана гьев вухизе.