Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун!
ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж!