Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал. Амма гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъизе бугеб гъираялъ гъоркькъинарула гьел мугьал, гьезда тІорги баларо. Аллагьас нуж жиндихъего ахІараб мехалъ нужго рукІараб куц ракІалде щвезабе. ГІакъилалин рикІкІунел гІадамал гІемерищ нужеда гъорлъ рукІарал? ГІемерищ рукІарал къадру-къимат бугелги къо-асс бугелги? Бечелъизе бокьарал гІадамал къосуна, гІемерал гІантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гІадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе. Киналго квешлъабазул аслу-кьучІ ккола гІарац бокьи. Руго гІадамал гІарцуда хадур лъугьунаго божи-иманалъул нухдаса тарарал ва гІакъуба-къварилъабазул чІораз рекІеда ругъун лъезе биччарал.
Выбор основного перевода