Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІемераб жо бугоан дир нужеда бицине, амма гьеб кинабго жеги нужер ургьибе унаро. Гьайгьай, дие бокьилаан киналго гІадамал дун гІадин чІолелани. Амма Аллагьас щивасе гьунар кьун буго: цоясе гьадинаб, цогидасе додинаб. Къороллъун хутІарал бихьиназдаги руччабаздаги дица абилаан, дун гІадин, ялгъузго рукІайилан. Къороллъи хІехьезе кІолеб гьечІони, ригьин гьабизе ккела. Ригьнаде руссинго лъикІ, хІасраталъ рухІизегІан. Ригьнада ругезени, дица гуреб, ТІадегІанас гьабулеб буго амру: лъади росасдаса ятІалъизе бегьуларо. Нагагь ятІалъани, ялгъузго йикІине ккела яги росгун рекъезе ккела. Росасги лъади йиччан тезе бегьуларо. Цогидаздани, ТІадегІанас гуреб, дица абулеб буго: диналъул вацасул лъади иман лъечІей йигони, амма росасда цадахъ чІезе къабуллъулейги йигони, къватІие йитІуге гьей. ЧІужугІаданалъул рос иман лъечІев вугони, гьелда цадахъ чІезеги разилъулев вугони, ятІалъуге гьесдаса. Иман лъечІев росасдаса Аллагь разилъула гьесул иман лъурай лъади сабаблъун. Иман лъечІей лъадиялдасаги Аллагь разилъула гьелъул иман лъурав рос сабаблъун. Гьедин букІунаребани, гьезул лъималги мажусиязулго гІадинал рукІинаан. Гьедин бугелъул, гьел лъималаздасаги Аллагь разилъула. Иман лъечІев росасе яги лъадуе ратІалъизе бокьани, риччанте ратІалъизе. Гьедин кколеб бугони, диналъул вацасда яги яцалда тІадаб гьечІо жидерго ригьин цІунизе. Аллагьасни рекъон рукІайилан абулеб буго. Дуда щиб лъалеб, лъади, дурго рос хвасар гьавизе дуда кІоларевлъи? Дуда щиб лъалеб, рос, дурго лъади хвасар гьайизе дуда кІоларейлъи? Амма нужер щивав вукІине виччанте ТІадегІанас гьесие бихьизабураб хІалалда, гьев хутІизе виччанте Аллагьас гьев жиндихъего ахІараб куцалда. Гьединабго амру гьабула дица кинабго иман лъуразул агьлуялъеги.
Выбор основного перевода