Гьайгьай, дие бокьилаан киналго гІадамал дун гІадин чІолелани. Амма Аллагьас щивасе гьунар кьун буго: цоясе гьадинаб, цогидасе додинаб.
Къороллъун хутІарал бихьиназдаги руччабаздаги дица абилаан, дун гІадин, ялгъузго рукІайилан.
Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда.
Гьел къосинарила намусги яхІги хІатІикь мерхьарал, ххвелал гьаризе гьунар бугел гьерсихъабаз.
Гьез лъудби рачине гьукъула, цо-цо нигІматал кваназе изну кьоларо – хІакъабщиналда божулел ва гьеб лъалел гІадамаз баркала кьун кваназе Аллагьас гьел нигІматал рижун ругониги.