Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила.
Гьале цо динияв гІалимчияс, гьесул хІалбихьизе, суал кьуна: – Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвезе щиб дица гьабизе кколеб?