Кинаб амру босун халгьабуниги – «ХъахІбалъи гьабуге», «Чи чІваге», «Бикъуге», «Чияр боцІуда бер бахиллъуге» – гьезул магІна цолъула: «Мунго гІадин вокьа дуда аскІов вугевги» абураб цо амруялъулъ.
ХъахІбалъи гьабугейилан лъазабурас лъазабун буго чи чІвагейиланги. Масала, дуца хъахІбалъи гьабулеб гьечІо, амма чи чІвана, гьедин мун лъугьана къанун хвезабурав такъсирчилъун.