ГІисаца гьесда абуна: – Къануналда кин бугеб? Щиб цІалараб дуца гьелъул хІакъалъулъ?
Дос жаваб кьуна: – «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».
ГІисаца гьесда абуна: – Дуца битІун жаваб кьуна. Гьеле гьедин гьабуни, абадияб гІумру букІина дур.
Зодихъ бакъ-моцІги цІвабиги рижарав, амма живго хисуларев ва жинда бецІлъи хъатІуларев Аллагьасдасан лъикІаб гурони рещтІунаро, гІадамазе щолебщинаб камилаб сайигъатги гьесдасан рещтІараб буго.