Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
«ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. Туркабазул Хирияб ТІехьалда (Забуралда) Давудица жинцаго абулеб бугогури: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев. Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. МасихІида цадахъ чІаголъана нужги. Гьединлъидал Аллагьасул кваранаб рахъалда МасихІ гІодов чІун вугел зобалазда бугелъулин нужеца пикру гьабизе кколеб. Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда. Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ: «Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»? МасихІицани цохІо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кІолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодовги чІана. Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана. Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин. Дун валагьана – гьале хъахІаб накІкІул парча. Гьеб накІкІул парчаялда тІад гІодов чІарав релълъун вукІана ГІадамил Лъимада. Гьесул бетІералда тІад букІана меседил таж, хъатикь букІана рекІараб нилъ.
Выбор основного перевода