Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн, Филипп ва Бартоломей, Фома ва магъало бакІарулев чи Матфей, Алфейил Якъуб ва Фаддей, Симон Кананит ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот. Дов анцІила кІигоясул цояв, Искариотин тІокІцІар бугев Ягьудал рекІелъе илбис лъугьана. ЧІахІиял кашишзабаздаги Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги аскІове ун, гьезулгун къотІи-къай гьабуна ГІиса гьезул кверде кьезе. Гьес гьедин абулеб букІана Симонил вас Ягьуда Искариотил хІакъалъулъ. АнцІила кІигоясда гьоркьов вукІаниги, гьев хилиплъизе хъван букІана.
Выбор основного перевода