Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІадамазда гІайиб чІвазе гІилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна: «ТІаде щолеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас, – Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цІияб къотІи гьабулеб заман. Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватІире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букІаралда релълъараб букІинаро гьеб КъотІи. Гьабураб КъотІиялъе ритІухълъи цІуничІелъул, дица гьел рехун тана», – ян абулеб буго Аллагьас. «Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас. Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел. Дун вукІина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукІина дир халкълъун. Гьезул лъицаниги мадугьаласе гІакълу кьеларо Ва диналъул вацасдаги лъицаниги абиларо: „Дурго БетІергьан щивали лъазаве“, – ян. ГІисиназдаги чІахІияздаги – киназдаго дун лъазе вугелъул! Гьезул мунагьаздаса дун тІасалъугьина, гьезул гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо». кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна. МасихІ вуго цІияб КъотІиялъе гьоркьохъан. Гьев сабаблъун Аллагьас жиндихъего ахІарал гІадамазе щвезе бегьула Аллагьас рагІи кьун букІараб абадияб ирс. Гьесул хвелалъ халкъ тархъанлъана тІоцебесеб КъотІиялъул заманалдаго гьез гьарун рукІарал мунагьаздаса. Васияталъул бицунаго, гьеб гьабурав чи хун вукІин чІезабизе ккола. Щайин абуни, васият цебе бахъизе бегьуларо гьеб хъварав чи чІаго вугевгІан заманаялъ, гІицІго гьев хун хадуб гурони васият тІубазабуларо. Гьединлъидалин доб тІоцебесеб КъотІигицин биялдалъун тасдикъ гьабун букІараб. Цин Мусаца халкъалъе цІалун, гьезда лъазаруна Къануналда рукІарал киналго амруял. Цинги гьес бусбузулги дугІбузулги би лъимгун жубазабуна ва багІараб квасулкуналъ бухьараб, махІгьуинаб хъархъил гІаркьелалъ Къануналъул тІехьалдеги тІолалго гІадамаздеги тІираби щвезаруна гьеб бидул. Мусаца абуна: «Гьале нужеца тІубазабейилан Аллагьас амру гьабураб КъотІи щулалъизабулеб би». Мусаца гьединго бидул тІираби щвезаруна КъотІиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хІалтІизарулел киналго тІагІелаздеги. Къануналда рекъон, дагьал жал хутІизегІан, биялъ бацІцІалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гІодобе тІечІони, мунагьаздасаги рацІцІалъуларо!
Выбор основного перевода