Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Хадубги Мукъадасаб Рокъоб вагІза гьабулаго, ГІисаца абуна: – Диниял гІалимзабаз щай абулеб МасихІ Давудил вас вугилан. ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан. Гьел къоязда Мукъадасаб Рокъове вагІза-насихІат гьабизе вачІунаан ГІиса. Сордо базе гьев Зайтуналъул магІарде тІадвуссунаан. КІудияв кашишас ГІисада цІехолеб букІана гьесул муридазулги ва гьезда малъараб диналъулги хІакъалъулъ. ГІисаца гьесда абуна: – Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан. Дида щай дуца гьеб гьикъулеб? Дихъ гІенеккун рукІаразда гьикъе щиб дица бицунеб букІарабилан. Гьале гьаздаги лъала щиб дица бицарабали.
Выбор основного перевода