Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун, абулеб букІана бутІрулги хьвагІулаго: – Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур! ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала. – Мун дида божа, – ян абуна ГІисаца гьелда. – Цо заман бачІина Инсуе суждаялда чІезе я гьаб магІарде рахине кколареб, я Иерусалималде ине кколареб. Цо заман бачІина хІакълъунго Аллагьасда божулел гІадамаз хІакъаб нухдасан ун, Илагьияб РухІалдалъун Инсуе сужда гьабулеб. БачІунго буго гьединаб заман. Гьединал божулел чагІи ралагьулел руго нилъер Инсуца. Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан. МасихІ вачІун вуго бищунго кІудияв кашишлъун, гьес босун бачІана гьанже нилъехъе щвараб лъикІлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гІемерго тІадегІанаб ва камилаб буго. ГІадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб.
Выбор основного перевода