Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Азбаралъув гъоркьа вукІарав Пётрида аскІое ячІана бищунго кІудияв кашишасул цо гъараваш. ЦІадухъ гІодов чІарав гьесухъги ялагьун, гьелъ абуна: – Мунги вукІанагури Назареталдаса ГІисада цадахъ. НагІадала ккун инкар гьабуна Пётрица. Дуца бицунеб жо щибилан, гьеб жинда бичІчІуларилан чІана гьев. Цинги Пётрица къватІибехун нух босана. Гьебмехалъ бахъана хІелеко гІегІедулеб гьаракь. Нахъеги гьев вихьун, гъаравашалъ гьенир рукІаразда бицана гьавги дозул чи вугилан. Гьанжеги нагІадала ккуна Пётрица. Цо заманаялдасан нахъеги тІаделъана гьесде дол гІадамал хІакъикъаталдаги мун дозул чи вугин, мунги Галилеялдаса вукІине кколин. Амма Пётр Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев нужеца бицунев чи жинда лъаларилан. Гьебмехалъ кІиабизеги гІегІедана хІелеко. Пётрида ракІалде щвана ГІисаца жинда абун рукІарал рагІаби: радакье бахъун хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан. ГІек-гІекиялда гІодана гьебмехалъ Пётр. ГІисаца абуна: – Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.
Выбор основного перевода