Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьолаго, ГІисаца абуна: – Кинацаго гьекъе гьаб щурумалъуса.
Гьел ГІисаде тударула, гІонсоца бетІер бухула.
Рахъун цо-цоял гьесде тударулел рукІана. Беразда чІортоги бухьун, кьабулеб букІана гьесда: – Ле, авараг, лъица кьабурабали бице! – янги абулаго. Цинги рагъухъабиги лъугьана гьев вухизе.