Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Ицицаги кунеб, кьавуги чІвалеб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулеб гьаб дуниялалъул хазина данде гьабуге нужеца. Ицицаги кунареб, кьавуги чІвалареб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулареб зобалазул хазина данде гьабе. Живго тІад вазе хъанчги баччун, дида цадахъ вилълъунарев чиги ярагьунаро дие. Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: – Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа. Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро. Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». БетІербахъи загІипав чиги гьезда гьоркьов вукІинчІо. Щайгурелъул гІемерисезул букІана хур-ахги, мина-рукъги. Гьез гьеб бичулаан ва щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьолаан. Цинги гьезги, къваригІарасе къваригІарабгІан бикьун, киназего кьолаан.
Выбор основного перевода