Гьанже гьеб хабар бицун бахъиндал, Галилеялдаса нахъе ана ГІиса ва Иордан гІор бахун доб рахъалда ругел Ягьудиялъул бакІазде щвана.
Цинги гьел Капернаумалде щола. Рокъоре щведал, ГІисаца гьезда гьикъана: – Гьанире рачІунаго нухда сундул бицун дагІбадулел нуж рукІарал? – абун.
ГІиса нахъеги Иорданалъул добцояб рахъалде, ЯхІяца гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІараб бакІалде, ана ва гьенив чІана.
Цинги гьес муридазда абуна Ягьудиялде тІадруссине кколилан.