Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин.
Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана: – ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина.
ГІисаца бицана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.
«КІилъилав» абун тІокІцІар бугев Фомаца цогидал муридазда абуна: – Рилълъа МугІалимасда цадахъ, гьев хваралъур хвезе!
ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Улкаялъул киналго бакІаздаса гІемерал гІадамал Иерусалималде рачІунел рукІана Пасха тІаде щвелалде жалго рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе.