Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Аллагьасул баркат мунагьалде данде кквезе бегьуларо. Цо инсанасул мунагь сабаблъун гІемерал гІадамал хвана. КигІан гІемерав чиясеха баркат щвараб цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун. Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна. Хварал чагІи кколаан цере нуж, мунагьазул цІун рукІиндал ва нужее сунат гьабун букІинчІелъул. Амма Аллагьас, мунагьалги чурун, МасихІида цадахъ нилъ чІаголъизаруна.
Выбор основного перевода