Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Мадугьалзабазул рекІелъеги кутакаб хІинкъи лъугьана гьебмехалъ, Ягьудиялъул киналго мугІрузда тІибитІана гьелъул хІакъалъулъ хабар. – Исраилил халкъалъул БетІергьан Аллагьасе рецц гьабилин, Нилъехъе вачІун гьес нилъ тархъан гьаридал. ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана: – Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! – ян. Ракь лъугьинабила дур Ва дур гІадамазулги. ГанчІида лъураб гамачІ хутІиларо кибниги. Щайгурелъул Аллагьас Дуй хвасарлъи битІараб Заман дуда лъачІелъул. ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: – ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг.
Выбор основного перевода