Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана: – КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь. Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан. Гьеб бихьун киналго зурзудизе лъугьана мунагьазул цІурав чиясул бакІалде анин гьев гьоболлъухъилан. – Сундул хІакъалъулъ? – ан гьикъана гьес. – Назареталдаса ГІисал хІакъалъулъ, – ан абуна гьез. – Гьев вукІана Аллагьасдаги тІолабго халкъалдаги жиндир ишазулги рагІулги хІалкІолъи бихьарав авараг. ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: – ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг.
Выбор основного перевода