Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Жидерго мунагьал рехсон хадур, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе, Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал. Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж. Щайин гьикъани: битІараб нухдасан вачІун вукІана нужехъе ЯхІя авараг. Нуж гьесда божичІо. Амма магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги божана. Нужин абуни, – гьеб кинабго бихьаниги, нужер ракІ бухІичІо ва кинго гьесда божичІо. Гьале лъадалъ ччун рахъизе рачІунел рукІана халкъалъул руккелал. Гьезда ЯхІяца абулаан: – ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб? Лъадалъ ччун рахъизе рачІарал магъало бакІарулел чагІазги гьикъана гьесда: – Я, МугІалим, нижеца щибха гьабизе кколеб?
Выбор основного перевода