22
ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин.
«Дилъ БетІергьанасул РухІ буго, гьес дие ихтияр кьуна мискиназда Рохалил хабар бицине. Гьес дун витІана асирлъуда ругезда нуж тархъанлъанилан лъазабизе, нужеда канлъи бихьанилан бецаздаги лъазабизе, зулмуялда гъоркь ругелалги хвасар гьаризе,