Амма гьес, ясалъул кверги ккун, гьелде ахІана: – ТІаде яхъа, ясай! – абун.
Цинги ГІисаца ахІана: – Лазар! КъватІиве вачІа! – ян.
Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун: – ТІаде яхъа, ТІабита! – ян абуна гьес. Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана.