Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Инсуе бокьун бугелъул Жиндирго гІадаб къадру-къимат гІадамаз васасулги гьабизе. Васасул къадру-къимат гьабуларев чияс гІаламалъухъе гьев витІарав Инсулги къадру-къимат гьабизе гьечІо. Нужеда рагІанагури дица абулеб дун нужеда аскІоса инин ва нужеда аскІове тІадвуссун вачІинилан. Нужее дун вокьулев ватани, нуж рохизе ккола дица Инсухъе унев вугилан абидал. Дир Эмен дидаса гІемерго тІадегІанав вугелъул! Гьале, дица гьеб бицараб мехалъ, нужер рекІелъе пашманлъи лъугьана. Гьедин нужги гьанже пашманго руго, амма нахъеги дида нуж рихьараб мехалъ, рохалил цІела нужер ракІал ва гьеб рохелги нужехъа лъицаниги бахъиларо. Цинги гьел, Иерусалималдаса цо километралъул манзилалда бугеб Зайтуналъул магІардаса гІодоре рещтІун, Иерусалималде тІадруссана.
Выбор основного перевода