Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе. Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи. Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян. Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда. Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав, Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав, Малаикзабаздаги жив вихьарав, Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав, Дуниялалдаги жинда божарав, Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
Выбор основного перевода