Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан. Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов. Гьел киналго данделъулаан, цадахъ какал ралаан. Гьезда цадахъ как-кІалалда рукІунаан цо-цо руччабиги, ГІисал эбел Марямги, гьесул вацалги.
Выбор основного перевода