Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Цинги тІадруссун рокъоре щведал, ГІисал мусруялда бахине махІгьуинаб нах хІадурана гьез. Къануналда рекъон, шамат къоялъ парахат чІана. Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар. Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо.
Выбор основного перевода