Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Нужеца ТІухьдул цІалула, гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъилилан ракІчІун бугелъул. Гьеле гьел ТІухьдузги нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. ХІакъабщинаб загьирлъулеб РухІ рещтІараб мехалъ, гьелъ бицина нужее хІакъабщиналъул. Жибго лъикІаб лъугьун гурелъул гьеб кІалъазе бугеб, жиндаго рагІарабщинаблъидал гьелъ бицине бугеб нужехъе рещтІараб мехалъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса.
Выбор основного перевода